• НИЯТ ГЬАБИ
РОЛЪ КЬОЛЕБ БУГОНИ:
Дица ният гьабуна (дидасанго, яги дун вакил гьавурав пуланасдасан) кIал биччаялъул ГIидалъул паризаяб сахI бахъизе ТIадегIанав Аллагьасе.
Вакил гьавулеб къагIида:
Дица мун вакил гьавуна дидасанго кIал биччаялъул гIидалъул паризаяб сахI бахъизе (-ян цояс абила)……дица къабул гьабуна(-ян цогидас абила).
ГIАРАЦ КЬОЛЕБ БУГОНАНИ:
Дица ният гьабуна (дидасанго, яги дун вакил гьавурав пуланасдасан) кIал биччаялъул гIидалъул паризаяб сахIил къимат кьезе АбуХIанифал мазгьабалда нахъ вилълъун ТIадегIанав Аллагьасе.
Вакил гьавулеб къагIида:
Дица мун вакил гьавуна дидасанго кIал биччаялъул гIидалъул паризаяб сахIил къимат кьезе (-ян цояс абила)……дица къабул гьабуна(-ян цогидас абила).