Mom.life
Умка
ummumaryam
Умка

Какое значение имеет дуа на аварском языке?

Очень хооошее дуа
(аварский)
Аг1узу биЛлагьи мина щайт1ани рраджим. БисмиЛлагьи рах1мани ррах1им. Алх1амдулиллягь, щибаб рецц дуе буго, Аллагь, рецц рекъарав ханги Мун вуго, Бет1ергьан, гьаб динул Исламги кьун ниж к1одо гьарурав. Дуниялалъул рокъов лъик1асдаги квешасдаги гурх1улев Аллагь, кинал ратаниги нижеда Мун гурх1а, Ахираталъул рокъов хасго муъминасда гурх1улев Аллагь, муъминзабазде гъорлъе нижер исму - ц1ар ккезе гьабе Аллагь. Я Арх1ама Ррах1имин, Я Арх1ама Ррах1имин, Я Арх1ама Ррах1имин, Я РРаби, нижер тавбуги къабул гьабе Аллагь, бараб какги, ккураб к1алги, ц!алараб Къур'анги, ц!алараб зикриги, гьабураб г1амал къабул гьабе Аллагь. Мун разияб г1амалалъе тавфикъ кье, к1иябго рукъалул квешлъабаздаса ц1уне. Нижедаги, Эбель - Инсудаги, вацал - яцаздаги, лъималаздаги Мун Гурх1а Аллагь. Мунагьал чуре, чурхдул рац1ц1е, Мунги, Дур Х1абибги, устарзабиги разияб х1алалда ниж ч1езе гьаре, Аллагь. Гьеб х1алалда хвезе гьаре хун хадур т1адеги рахъине гьаре Аллагь. Баларесе как гьуин гьабе, кколаресе к1ал гьуин гьабе, Мун вокьи кье, Дур Х1абиб вокьи кье, Къуръан бокьи кье, Къуръаналъул баракат нижее ризкъилъун гьабе Аллагь. Дуниялалъул ахиралда гурх1а, Ахираталъул авалалда гурх1а, ахир бахъулеб рух1 иманалда бахъе, нижер хвараздаги гурх1а, ч1агояздаги гурх1а. Бец1аб лах1ду гвангъизабе, къваридаб хоб г1ат1ид гьабе, г1анкъра борохьалъул г1азабалдаса ц1уне, г1амалал хъварал кагътал кваранисан кьолеллъун гьаре, ц1ц1адирабат1а лъик1лъаби ц1иккине гьабе, Сират1алъул кьодасан рахине кумек гьабе, Кававсаралъул лъим щолеллъун гьаре, Г1арщалул раг1ад щолеллъун гьаре, иман бугел данде ч1вазе гьаре, дин бугезда гъорлъе ккезе гьаре, иман щула гьабе, щайт1ан риккад гьабе. Дуниялалъул ургъелалги бигьа гьаре Аллагь, чорхолъа унти бахъе, рек1елъа ургъел бахъе, унти-балагьалдаса ц1уне, зулму макру х1иллаялдаса ц1уне. Нижее лъик1лъи гьабурасул азар даражаялде бахине гьабе Аллагь. Квешлъи гьабурасеги жаваб Дуцаго гьабе Аллагь. Мун к1очараб черхалдеги, чи гурх1араб рукъалдеги биччаге Аллагь. Исламалъул байрахъал рорхизе гьарун, капурзабазул х1ат1икь ккезе гьаре Аллагь. Устарзабазул макъам даражабиги Дуца т1адег1ан гьаре, гьезие чорхое сахлъи кье, гьез къач1алел рак1ал нижерги Иманалъул ц1езе гьаре Аллагь. Устарзабазул адаб ккезе нижее тавфикъ кье Аллагь. Файизалъул нуралъ рак1ал чуре Аллагь. Нижер лъимал иман бугел, бахьи бугел лъугьине гьаре Аллагь. Мун разияб г1елму кье, гьелда рекъараб г1амал кье Аллагь. Чехь бух1араб рух1иялдаса ц1уне😞😢😞рух1 босараб ракъиялдаса ц1уне. Кир ниж ругониги нижер лъимал Дуца ц1уне, хьихье Аллагь. Дуде Аманат гьарулел руго Аллагь. Баракат бугеб рикъзи кье. Квешлъиялде х1ет1 бухье, х1арамалде квер бухье Аллагь. Гьабурасул ригьин баракат бугеблъун гьабе Аллагь. Раг1иги къокъаблъун къадарги халатаблъун гьабе Аллагь. Гьаб Дуг1а ц1алан щинав чиясул Рак1алда ругел киналго мурадазде щвезе гьаре Аллагь. Гьаболеб щинаб данде билъине гьабе Аллагь. Гьаболеб щиналда баракат лъе Аллагь. Унтарав сахлъизе гьаве. Рек1елъ Иман ц1ц1иккине гьабе. Мун гурх1араб гурони къо т1аде биччаге Аллагь. Иманги Исламги бахъараб къо т1аде биччаге Аллагь. Гурх1а Аллагь нижеда, лъугьа Аллагь мун т1аса, чуре Аллагь Мунагьал, гьабе Аллагь г1ат1илъи. Раббана атина фи ддуния х1асанатан ва фил ахирати х1асанатан ва къина г1азаба ннар. Нар абураб жжужах1алъул ц1аялъе нижер гьанги расги х1арам гьабе Аллагь. Аллагьума салли г1ала саййидина Мух1аммадин ваг1ала али саййидина Мух1аммадин васаллим.
Аллагьас Дуг1а къабулалгун цадахъ рахъаги киналго.
Аллагьума Амин. ❤🌹🌹🌹
26.06.2016
5

Лучший комментарий

Комментарии

zaripat_isakova
zaripat_isakova
Амин
16.12.2021 Нравится Ответить
sayka96
sayka96
Амин ❤
26.06.2016 Нравится Ответить
hadija26
hadija26
аминь я Аллагь
26.06.2016 Нравится Ответить
hadija26
hadija26
Маша Алла 😍😍😢
26.06.2016 Нравится Ответить
Читайте также