🌠Барааталъул сордо швелалде, бакъ т1ерхьезеган, гьаб Дуг1а ц1ализе лъик1аб буго 40 нухалъ:
*"СубхIа'наЛла'гьи ва ль-хIамду ли-Лля'гьи ва ля' илля'гьа илля' Лла'гьу ва Лла'гьу Акбар ва ля' хIавля' ва ля' къуввата илля' би Лля'гьи ль ГIалийи ль-ГIазﻈи'м"* хадуб *100 салават*.
t.me/tarikat786avar
Барааталъул сордоялъ гьаб дуг1а ц1ализеги лъик1аб буго: *«Аллагьумма иннака г1афуввун, карим тух1иббул г1афва фаг1фу г1анна'».*
📝Маг1на: (Я Аллагь, х1акълъунго Мун гурх1улев, т1аса лъугьунев, т1аса лъугьине бокьулев вуго. Аллагь, Мун нижеда т1аса лъугьа).
🌠Барааталъул сордоялъ, ц1акъго хирияблъун бихьизабун буго лъабго нухалъ Ясин ц1ализе⤵️
1️⃣ *дица нийят гьабуна ц1ализе (г1енеккезе) Сурату Ясин - г1умру халалъиялъул нияталда, т1обит1ун Т1адег1анав Аллагьасе г1оло.*
2️⃣ *дица нийят гьабуна ц1ализе (г1енеккезе) Сурату Ясин - балагьал борхиялъул (балагьаздасан ц1униялъул) нийяталда, т1обит1ун Т1адег1анав Аллагьасе г1оло.*
3️⃣ *дица нийят гьабуна ц1ализе (г1енеккезе) Сурату Ясин - ризкъи г1ат1илъиялъул нияталда, т1обит1ун Т1адег1анав Аллагьасе г1оло.*
🌴 Щибаб Ясиналда хадуб гьаб дуг1аги ц1алила :⤵️
بِسْمِ اللهِ الرَّحْمَنِ الرَّحِيمِ. اَللَّهُمَّ يَا ذَا الْمَنِّ وَ لاَ يُمَنُّ عَلَيْهِ يَا ذَا الْجَلاَلِ وَ الإِكْرَامِ يَا ذَا الطَّوْلِ وَ الإِنْعَامِ لاَ إِلَهَ إِلاَّ أَنْتَ ظَهْرَ الاَّجِينَ وَ جَارَ الْمُسْتَجِرِينَ وَ أَمَانَ الْخَآئِفِينَ. اَللَّهُمَّ إِنْ كُنْتَ كَتَبْتَنِي (كَتَبْتَنَا) عِنْدَكَ فِي أُمِّ الْكِتَابِ شَقِيًّا (أَشْقِيَاءَ) أَوْ مَحْرُومًا (مَحْرُومِينَ) أَوْ مَطْرُودًا (مَطْرُودِينَ) أَوْ مُقْتَرًا عَلَيَّ (عَلَيْنَا) فِي الرِّزْقِ فَامْحُ. اَللَّهُمَّ بِفَضْلِكَ شَقَاوَتِي (شَقَاوَتَنَا) وَ حِرْمَانِي (حِرْمَانَنَا) وَ طَرْدِي (طَرْدَنَا) وَ اقْتَارَ رِزْقِي (رِزْقِنَا) وَ أَثْبِتْنِي (أَثْبِتْنَا) عِنْدَكَ فِي أُمِّ الْكِتَابِ سَعِيدًا (سُعَدَاءَ) مَرْزُوقًا (مَرْزُوقُيِنَ) مُوَفَّقًا (مُوَفَّقِينَ) ِللْخَيْرَاتِ فَإِنَّكَ قُلْتَ وَ قَوْلُكَ الْحَقُّ فِي كِتَابِكَ المُنَزَّلِ عَلَى لِسَانِ نَبِيِّكَ الْمُرْسَلِ يَمْحُو اللهُ مَا يَشَآءُ وَ يُثْبِتُ وَ عِنْدَهُ أُمُّ الْكِتَابِ. إِلَهِي (إِلَهَنَا) بِالتَّجَلِّي الأَعْظَمِ فِي لَيْلَةِ النِّصْفِ مِنْ شَعْبَانَ الْمُكَرَّمِ الَّتِي يُفْرَقُ فِيهَا كُلُّ أَمْرٍ حَكِيمٍ وَ يُبْرَمُ أَنْ تَكْشِفَ عَنِّي (عَنَّا) مِنَ الْبَلآءِ مَا أَعْلَمُ (نَعْلَمُ) وَ مَا لاَ أَعْلَمُ (نَعْلَمُ) وَ مَآ أنْتَ بِهِ أَعْلَمُ إِنَّكَ أَنْتَ الأَعَزُّ الأَكْرَمُ. وَ صَلَّى اللهُ عَلَى سَيِّدِنَا مُحَمَّدٍ وَ آلِهِ وَ صَحْبِهِ وَ سَلَّمْ
t.me/tarikat786avar
БисмиЛля'гьи РрахIма'ни РрахIи'м(и)
*Алла'гьумма Йя' зذальманни ва ля' юманну гIаляйгь(и) Йя' зذаль джаля'ли валь икра'м(и) Йя' зذатIтIавли валь ингIа'м(и) ля~ иля'гьа илля' анта зﻈагьра лля'джи'на ва джа'раль мустаджири'на ва ама'наль ха~ифи'н(а) Алла'гьумма ин кунта катабтани' гIиндака фи' уммиль кита'би шакъиййян ав махIру'ман ав матIру'дан ав мукътарран гIаляййя фи' рризкъи фамхI(у) Алла'гьумма бифазﺾлика шакъа'вати', ва хIирма'ни', ва тIарди', ва икътара ризкъи', ва асﺚбитни' гIиндака фи' уммиль кита'би сагIи'дан марзу'къан муваффакъан ли-льхайра'ти фаиннака къульта ва къавлюка ль-хIакъкъу фи' кита'бика ль-мунзали гIаля' лиса'ни набиййика ль-мурсали: «ямхIу' Лла'гьу ма' яша~ъ(у), ва ю'ﺚсбиту, ва гIиндагьу уммуль кита'би». Иля'гьи' биттаджаллиль агIзﻈами фи' ляйляти ль-ннисфи мин Шаг1ба'на ль-мукаррами лляти' юфракъу фи'гьа' куллю амрин хIаки'м(ив)-ва юбраму ан такшифа гIанни' миналь баля~и ма' агIляму ва ма' ля' агIляму, ва ма'~ анта бигьи агIляму, иннака анталь агIаззуль акрам(у). Ва салляЛла'гьу гIаля' саййдина' МухIаммадив-ва а'лигьи' ва сахIбигьи' ва салля'м.*
МагIна:
*”Я Аллагь, я рахIматазул БетIергьан, цогидазул рахIматалде хIажалъи Жиндир гьечIев, Я ТIадегIанлъиялъулги, кIодолъи-хиралъиялъулги кверщел кодосев, я киналго нигIматазул БетIергьан. Лагълъи гьабизе мустахIикъаб, жиндие тIагIат гьабизе кколеб цоги щибго жо гьечIо, цохIо Мун гурони. Мун Дуда гьараразе кумек гьабулев вуго, Дудасан цIуни гьарарал цIунулевги вуго, хIинкъиялде гьоркье кканщиналги Духъе кIанцIула. Дуца дун хъван ватани мекъи ккаравлъун, битIараб нухалдаса ватIалъаравлъун, гьениса вачахъаравлъун, мискинавлъун, я Аллагь, бацIцIе Дуца гьеб дун мекъи ккаравлъун, битIараб нухдаса ватIалъаравлъун, гьениса вачахъаравлъун вукIинин абун хъвараб хъвай-хъвагIай ва хъвай дун талихI бугезда, Дуца ризкъи кьуразда, талихIалъе ва кинабго лъикIабщиналъе квербакъи гьабулезда гьоркьов. Дуца МухIаммад аварагасул ﷺ мацIалда рещтIараб Къуръаналда Дуца абураб хIакъаб, кьучIаб буго: «Аллагьас, Жиндие бацIцIине бокьани, хъварабги бацIцIуна, бокьараб хъвазеги хъвала, Аллагьасухъ буго «Уммул Китабги», - ян. Я Аллагь, Дур рахIмат-цIобалъе гIоло хира гьабураб шагIбан моцIалъул сордоялъ нижедаса нахъечIвай балагьал, нижеда лъалелги, лъаларелги, Дуда лъалелги. Мун ТIадегIанавги, КIудиявги вуго. Аллагьасул ссалатги саламги нилъер саййид МухIаммадидаги, гьесул агьлу-хъизаналдаги, асхIабзабаздаги лъеги».*
Гьеб сордоялъ тIубараб соналъ лагъзадерие букIунеб лъикIлъи ва квешлъи хъвала. Аллагьас тавпикъ кьеги нилъее гьеб сордо кIодо гьабизе, лъикIаб, къабулаб гIамалалдалъун, Аварагас бицараб хIадисалда рекъон, нилъ гьеб сордоялъ жидер киналго мунагьал рахчулел (чурулел) чагIаздасан гьареги. Амин.
t.me/tarikat786avar