Девочки, Аварочки, зацените мое произведение искусства, которое я рожала дольше, чем третьего ребенка🤣🤣🤣
Сегодня др младшего брата, и я написала ему стих🤣
Имена скрою, не хочу чтобы меня по именам вычислили знакомые🫢
Сразу говорю, на роль Расула Гамзатова не претендую❌
👇🏻👇🏻👇🏻👇🏻👇🏻👇🏻👇🏻👇🏻👇🏻👇🏻
Накахъщвар г!азулъан
школалс яч!инго
Маг!адил гъапудахъ
**** данд ч!вана.
Гьелъ дида абуна,
Роххел бицана:
«Нилъер бабаца вас
гьавуна» абун.
Гьебмехалъ дир гьумер
Гьадин👉🏻😐👈🏻 бук!ана
«Щибизг!аги гьав вас
гьалъий вук!арав🤦🏻♀️
Цо яс щай гьайич!е
яцц йик!инаан»
Рак!алде бач!ана,
дун пашманлъана😢
Къасе кьижулаго
Г!емер ургъана
«Ладно, пусть будет вацц
Щибха гьабиле.
Гьесдаги манлъила
Гучкида г!адин
Команда т!убайзе,
Дихъ пульт босизе,
Векере лъим босе,
Нуц!а къай! Вахъа!
Дида манлъарабги
Гьес гьабиларищ😎
Цинги дов вацц ******
Ч!алг!ун вук!ана
Мимидун, бурбудун,
Къулкъудун ,пенщон,
«цо бече баче дий,
Я г!анк!о, кето,
Бокьун буго х!айван
Т!алаб гьабизе»
ВОТ! ГЬЕЛЕ ДОБ МУДРОСТЬ
ВАС ВОСИЯЛЪУЛ!!!
КАТИЛ БАК!АЛЪ ГЬЕСИЙ
ВАЦЦ ГЬАВУН ВУГО😳
Метерис яхъиндал
Цо бич!унареб
Бат!аябго асар
Рек!елъ батана
«Гьаб щиб дие ккараб?
Сундаса йоххун?🤔
Гьааааа вацц! Дир вацц вуго!!!»
Рак!алде щвана
Школалде щварайго, я заявила:
«10 к!иел жакъа дие щваниги
Цо писрав дий гьеч!о, дий авар гьеч!о
жАкъа къоялъ дир, гьаб настроенЬе сунцаго хуларо,
я хисуларо😎
Дир ц!ияв вацц вуго!
Гьеле причина😎»
Анц!го къойидасан
Эбел яч!ана
Цо баг!ар-ч!ег!ераб жо
Нижед ццебе лъун:
«Гьав Мух!аммад-****!
Чалухлъи балай🥹»
Йоххуца холаго, вихьизавуна!
Цудагьай х!инкъана,
Бабахъ балагьун
Рак!алде щвана доб, цо история:
«бищун берцинаб жо,
ракьалда щибан,
х!амида гьикъидал,
Гьелъ абун буго
Секундалъ ургъич!го
Цо васвасинч!го
«дир к!ерт бук!инарищ
Беццлъунищ нуж»ан»
«Ладно, пойдет» абун,
рак!алдаги ккун,
Эбелда абуна, квеш ккеларедухъ
«Унгоги берцинлъи
цо дир ваццасул,
Амма эбел дуца,
Бегьуль батани
Цо-к!иго моц!ц! яги
бащда лъаг!елалъ
Инсанасда гьев чи вихьизе тоге,
Бер ккезе гуребин(🫤)
Пакъирав гьасда!
Унгоги! лъаг!ел бегидал
Берцинлъун чалухлъун
Гьав хисун лъуна.
Амма бащлагьана доб
Дир квеш период
Ункъго моц! Г!елалде
Вас дихъе рехун
«Я на работу»ян
Эбелги хьана!
Эбеллъи гьабизе
Дицаго ккана!
Гъадараби ц!урал,
Мег!ер бух!улел,
К!ощол пеленкаби
Чурулеб заман😪
Заман хехго унеб
Гурх!ел гьеч!еб жо!
Бер къанщун лъиналде
К!удияв г!ана😪
Анц!ила анкьо сон
Дагьажойищха🫤
Эбел х!адур йик!а
К!ив лъаб сонисан
«хочу жениться»ян
Абизе буго🤣
Гьанже гьаризе жо,
щибха бук!инеб
Дица попка чурун,
Г!изавурав вас🥹
Аллагь разилъаяв,
Баракат лъеяв
Г!умру халатаб кьун
Ч!ужу лъик!ай щун,
Дуниял-ахират
Талих!аб кьейги💋💋💋